Пачалихъияб Думаялъ хъачIлъизабизехъин буго иргадулаб къанун

Пачалихъияб Думаялъул Конституциялъулал къануназул комитеталъ тасдикъ гьабуна терроризмалдеги экстремизмалдеги информалатазда рахъарал материалазда ахIиялъухъ лъолел гIакъабазул къадар.

Думаялде гьеб документ кьун букIана 2012 соналъул декабралдаго.

Къанун къабул гьабун хадуб нухмалъиялъул пикруялда экстремистияллъун кколел материалазухъ информалатазда лъезе бегьула цо миллион гъурщиде гIунтIун гIакIа.

Къануналъул проекталда цадахъаб кагътида баянлъизарулел гьечIо гьеб къанун хъачIлъизабиялъе ругел багьанаби.