Даниялда ккун вуго тIадекIанцIиял гьарурав чиясе кумекчагIи рукIиналъул щаклъи бугел

Копенгагеналда шамат къоялда синагогаялдеги семинаралда гIахьаллъулел чагIаздеги тIадекIанцIи гьабурав чиясе кумекчагIи рукIиналъул щаклъи бугев кIиго чи ккун вуго итни къоялда.

Щаклъи бугев кIиясего диванчияс бихьизабуна аресталъул 10 сордо-къо.

ГьатIан къоялда Копенгагеналда полициялъ жив кквезе хIалбихьулеб мехалда чIвана гIолохъанчи. Полициялъ рикIкIунеб буго гьев кколин тIадекIанцIи гьабурав чийин ва гьесул цебеги криминалалде хурхен букIанин.

Даниялъул информалатаз лъазабулеб буго, бицен гьабулеб бугин ГIумар Абдель ХIамид эль-ХIусейнилин.

Шамат къоялда Копенгагеналда цо чи хвана ва лъабго полициялъулав лъукъана рагIул эркенлъиялъул ва исламалъул проблемабазда хурхараб темаялъул семинар унеб букIараб кафеялде. Гьелъул гIахьалчагIазда гъорлъ вукIун вуго аварагасде карикатураби рахъи сабаблъун жиндие хIикъиял кьолев вукIарав Ларс Вилкс ва Даниялда Франциялъул вакил Франсуа Зимрэ. Гьезие зарал ккун гьечIо.

Гьелда хадуб чанго сагIаталдаса шагьаралъул синагогаялда аскIобги кьвагьдун руго. Гьелъул хIасилалда хун вуго цо чи. Лъукъун вуго полициялъул кIиго хIалтIухъан.