ОБСЕялъ Украиналъул кофликталъул рахъал ахIулел руго кьвагьдунгутIиялъул къотIи-къай тIубазабиялде

ОБСЕялъул Парламентияб Ассамблеялъ Украиналъул конфликталъул рахъал ахIана итни къоялда кьвагьдей чIезабиялъул режим букIине кколеб кIагIидаялда тIубазабиялде.

Ассамблеялъул нухмалъулев Илкка Канерваца ургъел загьир гьабуна кьвагьдей халат бахъунеб букIиналда бан, хасго Дебальцево шагьаралда аскIоб.

Гьединабго ахIигун Донбассалда халат бахъунеб конфликталъул рахъазде хитIаб гьабуна Евроцолъиялъул къватIисеб политикаялъул тIадегIанай комиссаралъул пресс-секретарь Майа Коянчичицаги.