Украиналда кьвагьи чIезабиялъул низам

Украиналъул аскарал хIадурал руго Донбассалда рагъал унел бакIаздаса рагъулаб бакIаб техника нахъе бачине, гьебго жо гьабизе сепаратисталги хIадурал ратани. Гьедин лъазабуна Украиналъул миллияб хIинкъигьечIолъи ва улка цIуниялъул Шураялъул вакил Андрей Лысенкоца. Гьесул рагIабазда рекъон, Донбассалда гIамм гьабун ахIвал-хIал рукIалиде бачIунеб буго.

Украиналъул рахъалъ лъазабулеб буго цо-цо мехалда кьвагьи чIезабиялъул низам хвезабулеб бугин сепаратистазин. ГьатIан къоялда Дебальцевоялда рагIунеб букIана кьвагьи. Жибго лъидаго бараб гьечIолъиялъул лъазабураб «Донецалъул халкъияб республика» цIуниялъул министр Эдуард Басуриница абун буго жидеца бегьулин Дебальцевоялда кьвагьизе, щайгурелъул гьеб жидер территория букIунин. ХутIараб бакIалъе жидеца кьвагьичIин абулеб буго гьес.

Донбассалда кьвагьи чIезабиялъул низам байбихьун букIана 15 февраль байбихьараб параялъго. Гьеб конфликт бугеб зонаялда рекъел чIезабичIони, тIолабго улкаялдаго рагъулаб низам чIезабизе рес бугин абун буго Украиналъул президент Петр Порошенкоца.