Пентагоналъ уяблъун гьабуна «исламияб пачалихъин» жинда абулеб радикалияб къукъаялъ Америкаялъул рагъулаб базаялда аскIоб бугеб шагьар кверде босун букIин. Гьеб базаялда коалициялъул къуватаз ругьун гьарула ГIиракъалъул аскариял. Пентагоналъул пресс-хъулухъалъ лъазабуна гьез аль-Багъдади кверде босун бугин ва гьеб бугин гьаб моцIалда жаниб «исламияб пачалихъалъ» жидерго контролалда ругел территориял гIатIид гьариялъул тIоцебесеб х1ужайин.