Рафик аль-Харири чIваралдаса ана 10 сон

Ливаналъул премьер-министрлъун вукIарав Саад аль-Харири щун вуго Бейруталде гьесул эмен чIваралдаса 10 сон тIубаялда хурхун тIоритIулел гьев ракIалде щвезавиялъул тадбиразда гIахьаллъизе. Гьедин лъазабулеб буго магърибалъул информалатаз Ливаналъул информалатазда мугъчIвайги гьабулаго.

Ливаналъул вукIарав премьер-министр Рафик аль-Харири чIван вукIана 2005 соналъул 14 февралалда Бейруталда 21 чи къурбанлъараб кьвагьиги гьабун.

Гьеб кьвагьиялдаса хадуб дагьалъ хутIун букIана улка гражданияб рагъде байбихьизе. Ливаналда суннитазул бищунго къуватал политиказул цояв Саад аль-Харирица улка тун букIана 2011 соналда гьес бетIерлъи гьабулеб букIараб хIукумат коалициялъ рехун хадуб. Гьеб коалияциялде гъорлъе унел рукIана Ираналъул шигIитазул квер-чIвай бугеб «Гьезболлагь» къукъаялдаса чагIи. Гьелдаса нахъе гьес гIумру гьабулеб буго СагIудиязул ГIарабиялда ва Франциялда.