Песков: Савченкол къисматалда хурхун хIукму Россиялъул диванханабаз гьабизе буго

Россиялъул президент Владимир Путинил пресс-секретарас абуна Минскалда кIалъа-ралъаял гьарулаго бицен ккун букIинчIин Москваялда туснахъалда жаний тIамун йигей Украиналдаса йоржарухъан Наталя Савченколин.

13 февралалда Дмитрий Песковас лъазабуна Савченкол къисматалда хурхун хIукму Россиялъул диванханабаз гьабизе бугин.

Гьес жеги абуна гьелъул къисматалъул гьикулеб букIанин Украиналъул президент Петр Порошенкоца, амма Россиялъул рахъалъ гьесие кинабгIаги рагIи кьун букIинчIин.

Гьелда цебе Порошенкоца абун букIана «нормандиялъул ункъилабалъул» данделъиялъул хIасилазул цояб букIанин Савченкол къисматалда хурхун гьабураб хIукмуйин. Гьес журналистазде абун букIана, цIех-рехалъул хIалтIиги лъугIинабун, медициналъул экспертизаги гьабун гьей «хехаб заманаялда эркен гьайизе йигин».

Амма Савченкол адвокатал божулел гьечIо гьей хехго эркен гьайизе йикIиналда. Туснахъалда гьелъ ракъи лъазабуралдаса рузман къоялда гIуна 63 къо.

Минскалда букIараб данделъиялъул хIасилазул цояб букIана конфликталда гIахьаллъулел рахъаз гъоркьлъалие яги асирлъуде росарал киналго гIадамал цоцахъ хисизе гьабураб хIукмуги. Савченкол гIагарлъиялъулги хьул букIана гьей гьеб хIукмуялде гъоркье ккезе йикIиналда.