45 сон тIубайдал паспорт хисичIони щиб букIунеб

Эркенлъи Радиоялъухъе бачIараб иргадулаб суал хурхараб буго паспорт хисиялъул болжалазжа.

- Хирияб редакция! Цо суал буго нужее кьезе- 45 сон тIубайдал Россиялъул жанисеб паспорт хисичIони щиб букIунеб ? Гьеб сал бачIун буго Сарат абулей гIаданалъ Эркенлъи Радиоялде битIун.

«Положение о паспорте РФ» абураб хъвай-хъвагIаялда рекъон, Россиялъул гражданинасул паспорт планалда рекъон кIиго нухалъ хисизе кколила; 20 ва 45 сон байдалин баян гьабулеб буго гьеб суалалъе жаваб гьабулаго Хунзахъ мухъалъулаб Миграциялъул хъулухъалъул бутIаялъул хIалтIухъан МухIамадова ПатIиматица. Гьедин, болжал лъугIун хадуб моцIида жаниб паспорт хисизе тIадаб бугила. ХисичIонани административияб гIадлуялде цIан, чиясухъа бахъулила гIакIа, 2000 гъурщидаса 3000 гъурщиде щун.

МухIамадова ПатIимат: «45 сон бан хадуб, моцIида жаниб паспорт хисичIого танани гIакIа бахъула 2000 гъурщидаса 3000 гъурщиде щун. Гьединлъидал кIванагIан хехго хисизе лъикIаб буго гьеб».

Болжал лъугIун, паспорт хисулаго киналгIаги тIаде кьезе кколел документал яги гIарза букIунарила. Болжал лъугIараб паспорт хисун цIияб паспорт кодобе щвезе балила лъабго-ункъо анкьил заман.