«ТакъсирчагIи щалали лъалеб гьечIолъиялъ, такъсир гьабиялъул иш чIезе тана», - ян абун хъвараб кагъат бачIун буго низам цIунулез Хасавюрт мухъалъул Шагьада росулъа 93 сон барай ХIажиева Умужатица жиндир гIарац бикъарал чагIи ралагьеян хъвараб гIарзаялъе жаваб хIисабалда.
Шагьада росдал гIадамаз бицухъе, гьезие кутакалда рокьуъкаб асар гьабун буго 93 сон барай ХIажиева Умужатил гIарац бикъиялъ, амма гьелдасаги квешаб асар гьезие ккун буго гьеб бикъарал чагIи ралагьизе полициялъ тIалаб гьабичIолъиялъ. Росдал гIадамаз абулеб буго полициязе къваригIун букIарабани, гьеб такъсир гьабурал чагIи ратизе кIвезе букIанин. Гьезул пикруялда, нахъасан вахъине чи гьечIей гьей гIадан такъсир чагIаз къварид гьайиялде тIаде полициялъги къварид гьаюн йиго, жиндирго «унтигун» гьей жийго теялъ.
2013 соналъул 22 сентябралъул сардилъ, кватIараб гIужалъ, Хасавюрт мухъалъул Шагьада росулъа ХIажиева Умужажил рокъоб гьабун буго цIогь. 93 сон барай ХIажиева Умужат кколей йиго рагъул ва захIматалъул ветеран, гьелъ гIемер санал ралел руго Шагьада росулъ жийго жиндаго чIун гIумру гьабулеб бугелдаса. Гьелъул рокъоса, гъамасги бекун, бикъун ун буго, гIемерал соназ жийго хвелелде данде бакIарун букIараб 300 азаргоялдасаги цIикIкIун гъурущ.
Жийго Умужатица бицухъе, гьеб цIогь ккелалде цебе, гьелъул рокъое ячIун йиго гьебго росулъа Хадижат абурай гIадан. Гьелъ гьелда гьарун буго жиндие къарзалъе 20 азарго гъурущ кьеян ва жиндица гьеб хеккого нахъги буссинабилин. Умужатица рахараб гъамасги рагьун, Хадижатие кьун буго гьениса гьелъ гьарараб гIанасеб гIарац, жий росуцоялда божулинги абун. Гьелдаго хадуб Хадижатил яс ГIайшатги ячIун йиго Умужатихъе 200 гъурущ гьарун. Бусада гъоркь букIараб дагьаб гIарцуда гъорлъаги босун гьелъухъеги кьун буго Умужатица 200 гъурущ.
Гьелдаса хадубго Ужумат гIансаги кIутIун Хадижатихъе ун йиго: «Дуе къарзалъ кьураб 20 азарго гъурущалда тIаса щай дуца ясалъе 200 гъурущ кьечIеб?»-ян гьикъизе. Хадижатица гьеб суал щибго кIвар гьечIого тун буго. Хадуб Умужатида ракIалде ккун буго, гьел кIиялго эбелги ясги, жиндир гIарац цIунараб бакI лъайзабизелъун жиндихъе рачIун рукIанин. Гьеб сордоялъ ккаралъул гьадин ракIалде щвезабулеб буго Умужатица.
ХIажиева Умужат: «Гьеб такъсир ккаралдаса ана лъагIелги цо чанго моцIги. Амма лъицаниги кумек гьабичIо дие, гьабизе ракIалдаги гьечIо. Дун йиго нахъа чиги гьечIей, лъилго кумекги гьечIей язихъай гIадан. 42 сон баралдаса росги хун хутIана дун гьесул лъабго бесдал лъималги хьихьун, гьесул васги вачIинчIо, щиб ккараб ян дида цехезеги, дицаго хьихьун гIезавурав вугониги. Дица щиб гьабилеб, хвалие бакIарараб гIарацги бикъун танин, дун сунде ва лъица гьанже юкъилей?»
Гьеб такъсир ккараб сордоялъ Умужат кьижун йикIун гьечIо. Гьелда рагIун буго гьелъул рокъоре жанире лъугьун рачIунезул иш. НуцIа щула гьабизеян яхъун, нуцIил кIалтIе гьел щвелелде жанире лъугьун рачIарал руччабазул цоялъ, гьей габурги ккун, гьей егулеб бусада бетIерги цузабун, кIалдиб чIортоги къазабун, шуризецин течIогун ккун йиго.
Умажатица бицухъе, гьезие гIемер захIмалъун гьечIо гьей гьедин гьайизе.
ХIажиева Умужат: «Дун жакъа 90 сон гIумруялъул барай загIипай, лъимергIан гурони гьечIей, гьеб гIакъубаги кьун, дирго беразда цебе дир гъансиниса гIарац бикъулеб мехалъ , щиб гьабизе дида кIолеб? Щай дие кумек гьабулареб? Дун кие иней? Дида гьеб лъица бикъарабалиги лъала, гьел щал рукIаралиги лъала, амма кумек гьечIо, дир бикъараб гIарацги кьун милицабазул кIал чIезабун батилаха гьез».
Гьел руччабаз жийго чIвазе гурилан хIинкъарай эбелалда радал гурони гIадамазде ахIи базе кIун гьечIин баян гьабуна Эркенлъи Радиоялъе Умужатил яс МухIамадова Зумрутица. Жиндирго росгун ва лъималгун гьелъ гIумру гьабулеб буго батIияб росулъ ва жинца эбелин абулей Умужатиде тIаде щвезе ячIине къанагIатго гурони рес рекъолеб гьечо гьелъул.
Гьеб ишалда тIасан жидеца батIи-батIиял идарабазде хъварал гIарзабазул къадар анцIила щугоялдаса цIикIкIун бугин баян гьабуна Зумрутица. Хасавюрт мухъалъул полициялде, прокуратураялде, Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялде, Россиялъул бетIераб цIех-рехалъул Комитеталде щун гIарзаби хъванила жидеца, амма щибго хIасил ккечIила. Жидехъе рачIарал жавабазда гьоркьоб бугила «ТакъсирчагIи щалали лъалеб гьечIолъиялъ, такъсир гьабиялъул иш чIезе тана», - ян абун.
Нижеца хIалбихьана гьеб ишалъул цIех-рех гьабулев вукIарав чи валагьизе Хасавюрт мухъалъул жанисел ишазул бутIаялда. Гьеб иш цебего къан бугин, гьанже гьелда тIасан нужее лъицаниги комментариял кьезе гьечIин абун, гьениб инкар гьабуна гьев цIех-рехчиясул цIар бицинецин.
ХIажиева Умужатица бицен гьабулел эбелгун ясаллъи гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб росу тун буго.
ГIемерал соназ, рагъул ва захIматалъул ветераналъ, жийго юкъизе бакIарараб гIарац, гьелда щокъроб малги цун, бекун гъамасгун бикъарал такъсирчагIазе тамихI лъица гьабилебали жидеда кире аниги ва лъида цIеханиги лъалеб гьечIин абулеб буго Умужатил яс Зумрут МухIамадовалъ.
Абакарил Меседо