ГIадамазул ургьел ккун гуро, берцин рихьизе...

Дагъистаналда цIигьабулеб буго шагьаразда гьрокьоб электричкабазул бухьен. Гьедин 9 февраралда цIигьабун хIалтIизе биччан буго Дербент-ГIурхъи маххул нухда хьвадулеб электричка. ГIадатиял гIадамазе кIвар бугеб гьеб маршрут кинабгIаги экономикияб пайда гьечIеблъун бихьулеб буго цо-цо экспертазда.

9 февраралда Дагъистаналъул Дербент мухъалъул маххул нухазул вокзалалдасан цIигьабун хьвадизе байбихьана Дербент-ГIурхъи марщруталда электричка. Гьеб кколеб буго тIоцебесеб цIигьабун хIалтIизе биччараб маршрут, кватIичIогон цIигьаризе ругила МахIачхъала-Хасавюрт ва МахIачхъала - Дербент маршрутал.

Шималияб Кавказалда ва тIолго Россиялъул маххул нухазде электричкаби нахъ руссин хурхинабулеб буго Владимир Путиница 4 февралалда тIобитIараб данделъиялда Россиялъул Транспорталъул министерлъиялъул хIалтIи какун, ва шагьаразда гьоркьор хьвадулел поездал тIадруссинаризе ккелилан гьабураб лъазабиялда. Путинил тIалабалда рекъон, тIолго Россиялда цIигьарун рагьун руго 40 шагьаразда гьоркьор хьвадулел поездазул маршрутал.

Дагъистаналда, 2014 соналъул байбихьуда хьвадулеб букIана 16 электричка, лъабго батIияб маршруталда. Гьезул кIиго маршрут, МахIачхъала - Дербентва ва МахIачхъала – Хасавюрт къан букIана араб соналъул ихдал, МахIачхъала - Азербайджаналъулгун гIорхъиялда хьвадулел электричкаби хьвадулел рукIана 2015 соналъул 25 январалде щвезегIан.

Дагъистаналъул тIалъиялда ракIалда буго гьеб лъабабго маршруталда хьвадулел рукIарал киналго электричкаби тIадруссинаризе ва гьеб мурадалда республикаялъул бюджеталда бихьизабун буго 16,7 миллион гъурущ.

9 февралалда Дербент мухъалда цIигьабун хIалтIизе байбихьараб маршрут кколеб буго бищун социалияб кIвар гIемераблъун, гьеб кколеб буго гIицIго цо бугеб нух Дербент ва гIорхъи цуцада хурхинабулеб. 25 январалда гьеб маршрут чIезе тейдал, 10 азарго гIанасев чи хутIун вуго Дербент мухъалда хIалтIуде, школазде, азарханабазде хьвадизе рес гьечIого. Гьебго маршруталда Дербенталдаса Азербайджаналъулгун гIорхъи бугеб рахъалде хьвадулила маршруткаги, амма гьелъул багьа чанго нухалъ цIикIкIараб бугин баян гьабулеб буго Дербент мухъалъул Белиджи росулъа МухIамадова Заремаца. Зарема кколей йиго медикияй хIалтIухъан, гьей хIалтIулей йиго Джемикент росдал азарханаялда. Гьенийго лъималазул ахалде кьолила жиндица ясги. Электричка хьвади къотIаралдаса, жиндир хIалтIудаса инкар гьабизе къасд букIанила. ГIадатиял гIадамазе кIудияб кIвар бугида гьезулин баян гьабуна Заремаца «Эркенлъи» радиоялъе

МухIамадова Зарема: « Цее дун хIалтIуде унаан электричкаяда. Дербент мухъалда гьел хьвадиялъ кIудияб бухьен букIана ва гIадамал гIемерисел батIиял росабалъе хIалтIизе хьвадулаан. Гьеб нахъе бахъиялъ гIадатиял гIадамазе ккола зарал, маршруткабазда рекIун, нижеца кьезе кколеб буго 150 гъурущ, кигIан аскIорегIан гъоркье рещтIаниги, электричкаялда рекIаралъухъ багьа ккола 40 гъурущ. Къойида жаниб хIалтIуде нахъе рекIун 300 гъурущ унеб букIана дир. Гьанже гьел цIигьарун хьвадизе лъугьин цIакъ лъикI буго гIадамазе».

Дербент шагьаралдаса Азербайджаналъулгун гIорхъотIе унеб электричкаялъ бухьен гьабулеб буго 15 росугун. Гьеб кколеб буго Дагъистаналда бищун кIвар бугеб маххул нухазул маршрутлъун.

Социалияб кIвар марщруталъул бугониги, гьеб цIигьабулароанин, Путинил буюрухъ букIинчIебанийин ва г гьеб цIигьабиги гIицIго цIаруе гьабулеб иш бугин, гIадамазул ургъел ккун гуребин рикIкIунеб буго «Дербентские известия» абураб газеталъул нухмалъулев МухIамад ХанмухIамадовас.

МухIамад ХанмухIамадов: « Цебе букIана маршрут Джалама-Дербент, гьеб маршрут цIигьабулеб буго гьез. Кидагоги электричкаби пайда гьечIеллъун рукIана хIукумат биххун хадуб, жалгоги гьел хварал, санагIат гьечIел руго, гIицIго учузал рукIиналъ, рес гьечIолъиялъ хьвадула гьезда гIадамал. ДворковичастIе президент хъигъунин цIигьарун электричкаби хьвадизе риччалел гIадамазул ургъел ккун гуро, гьесда берцин рихьиялъе руго. Гьаб кризисалъул заманаялъ, хайир гьечIолъиялъ, бищун банани лъагIел, кIиго лъагIалидасан гьел нахъеги къотIизаризе руго».

Дербент мухъалъул администанциялда « Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна электричкаби къотIизариялъул ва гьел хIалтIизе цIидасан риччаялъе хIукму къотIанин МахIачхъалаялдасан ва жидер гьеб ишалде кинабгIаги хурхен гьечIин.

МахIачхъала – Дербент ва МахIачхъала – Хасавюрт маршруталда хьвадулел электричкаби кида хIалтIизе риччазе ругелали жеги мухIкан гьабун абизе кIоларин баян гьабулеб буго Дагъистаналъул Транппорталъулгун нухлул магIишаталъул агентлъиялда, амма гьеб иш кIванагIан хех гьабун гIумруялде бахъинабизе бугила , хIажалъи бугонани жеги тIадеги цIиял маршрутал рагьизеги рес бугила.