Ираналъул тIадегIанав лидерас рахъ кколеб буго Магърибалъулгун компромисс батиялъул

ГьатIан къоялда Ираналъул тIадегIанав лидер аятолла Хаменеица лъазабухъе, гьес Ираналъул халкъалда цадахъ чIван къотIун рахъ кколеб буго жиндирго улкаялъул ядерияб программаялда хурхун Магърибалъулгун компромисс батиялъул.

«МухIканаб хIукму гьабиялъул мурадалда» кIалъа-басаял халат рахъинариялъул рахъ кколин жинцаян, лъазабуна гьес ИРНА абураб информагентлъиялъ тIибитIизабураб официалияб лъазабиялда.

Гьелдаго цадахъ Хаменица жубалеб буго, «квешаб къотIи-къай гьабиялдаса, гьеб гьабичIого теялъул рахъ кколин» жинцанийин.