СШАялъул вице-президентас Европагун Цолъарал Штатал ахIулел руго Украиналъе финансазул кумек гьабиялде

Цолъарал Штатазул вице-президент Джо Байденица Брюсселалда лъазабуна, Россиялъе тезе бегьуларин Европаялъул карта лъутIа-къотIизейин.

Украиналъе жиндаго цере лъурал реформаби гIумруялде рахъинариялъе Цолъарал Штатаздасаги Европаялдасаги финасазул кумек къваргигIун бугин. Байденил рагIабазда, «гIарац кьун рагъулел ва танкал ритIун» Москваялъ квербакъи гьабулеб буго Украиналъул конфликт дагьалъги хIалуциналъе.

Россиялъул президент Владимир Путиница кIвар кьечIого толел руго рахъазда гьарурал къотIи-къаял, гьездаго гъорлъ Минскалда гъулбасаралги.

Россиялъ нахъ чIвалеб буго Украиналъул Донецк ва Луганск областазда Россиялъул рагъулал ва жидеего бокьун рагъизе арал россиялъулал рукIин.