Джон Керрица Москва ахIана Украиналъул конфликталъе ахир лъеялде

Россиялъ бихьизабизе кколин Украиналда битIей чIезабизе бокьун букIин ва гьелъ сепаратистазе квербакъи гьабиялдаса инкар гьабун, нахъе рачине кколин Украиналъул территориялдаса жидерго рагъулалин, лъазабуна Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица Киевалда.

Москваялдаги жавабчилъи бугеб апрелалдаса нахъе 5350 чи гIумруялдаса ватIа гьабураб Украиналъул конфликталъе ахир лъезе кколин, жубана гьес.

Керрица гьединго абуна Вашингтоналъе бокьун бугин Украиналъул конфликт ракълилаб къагIидаялда рагIалде бахъинабизейин, амма «Россиялъул танкабаз мадугьалзабазул гIорхъаби рахъунел рукIиналде берал къанщун жиндир улкаялда чIезе кIоларин.