Россиялъул кьер-кьераб контрреволюция

"Донецкалъул республикаялъул" байрахъ чIвараб танк. Донецк, 2фев 2015

Украиналде дагьалги аскарал ритIизе рес буго Россиялъ. Гьединаб пикруялде вачIунев вуго рагъулавгун-политикияв эксперт Александр Гольц "Ежедневный журналалда" хъвараб макъалаялда. Гьес гьениб бицен гьабулеб буго Донбассалда ругел сепаратистал Кремлалъул ракълилаб ахIиялъухъ щай гIенеккулел гьечIелали ва гьеб регионалда гIаммаб мобилизация щай лъазабулеб бугебали.

Гьаб баян дица байбихьулеб буго тIадехун рехсараб макъалаялда Александр Гольцица хъваралдасан:

«Кремлалда ракIалде ккана ракълиде жидеца гьарулел ахIиязухъ Донбассалда ругел сепаратистал гIенеккулел гьечIин тIолабго дунялалда лъазабизе.

2 февралалда ТАССалъул лъазабиялда президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас абулеб букIана Донбассалда рагъ чIолеб гьечIолъиялда кутакалда гIагалун вугин Путин ва гьес конфликталда гIахьаллъулел рахъал хехгьабун кьвагьи чIезабизе ахIулел ругин.

Гьенирго кьолел рукIана Россиялъул президентасул администрациялдаса цIар рехвечIев вакиласул рагIабиги. Гьес абулеб букIана гьеб регионалда кьварарал рагъал унел рукIин хIисабалде босани, «сепаратистазул логика бичIчIизе захIматаб гьечIин ва гьезул къварараб позиция бичIчIунеб бугин».

Гьебго заманаялда гIадин жалго жидецаго лъидаго рачIеллъун лъазарулал республикабазул лидеразги лъазабуна жал хIадурал ругин Киевгун кIалъа-ралъаял гьаризе, амма гьелъухъ жидехъе тIадруссинаризе кколин гIагарал къоязда рахъарал территориялин.

Донецкалъул бетIер Захарченкоца абуни лъазабуна 10 къоялдасан гьениб байбихьизе бугин мобилизайияйин ва гьелъул мурад бугин гьезул рагъухъабазул къадар 100 азариде бахинабийин.

Гьезул контролалда ругел территориязда гIумру гьабулеб буго цо миллингун 500 азаргогIан чияс. Гьединлъидал гьез жидерго армиялде ахIизе кколев вуго щибав 15-билев чи. Гьанибго ракIалде щвезабила КIудияб ВатIанияб рагъула заманалдацин армиялде щибав 20-билев чи гурони ахIун вукIинчIин.

Гьеб бичIчIунищали лъаларо, амма дагьаб кватIун Захарченкоца абула мобилизация гьабизе бугин жидеего бокьун армиялде рачIунел чагIазейин.

Гьеб мехалда биччана Захарченкоца гьадингосеб хабар бицунеб букIин. Лъазабулеб букIана сепаратистазул кьеразулъ гьанжеялде 20 азарго гIанасев гурони чи гьечIин.

Гьеб киналъулго хал гьабураб мехалда, ракIалде кколеб буго гьел хIаял Россиялъул гIемерал аскарал гьеб регионалде рачин бахчизе гьарулел жал ругин.

Гьанибго ракIалде щвезабизе ккола, араб соналул риидал сепаратистаз жидеца армия гIуцIулеб бугин гьабун букIараб лъазаби. Гьедин гурони рес букIинчIо партизанлъи гьабулел рукIарал гьезул къуватал цинтIаго бронетехникаялъул колоннаби гIуцIун хьвадаризе рахъин.

Гьеб кинабго гIадахъ босани, абизе бегьула Кремлалъ кьвагьи чIезабиялде гьабулеб ахIиги, сепаратистаз гIаммаб мобилизация лъазабиги цо мурадалъе гьабулеб иш букIин. Гьез гьедин хIаракат бахъулеб буго гьеб территориялда нагагь раккизе бегьулел цIиял рагъулал къуватал киса раккиралин абуралъе бичIчIи кьезе».

Гьедин хъвалеб буго Гольцица жиндирго макъалаялда.

Нагагь гьев витIарав ватани ва Россиялъул аскарал Украиналде лъугьани Магърибалда щиб гьабизе кIезе бугебин гьикъана нижеца гьесда.

Александр Гольц: «Гьанже дагь-дагьккун бичIчIулеб буго Магърибалъул ресал дагьал рукIин. КIвела гьезда санкциял дагьалго кьваризаризе, гьебги финансазул рахъалъ. БитIун абуни, дида кколаро Магърибалъ Украина яргъидалъун хьезабизе бугин, щайгурелъул гьеб яргъида цадахъ гьеб хIалтIизабулеб куц малъизе инструкторалги рагъулал гIакълучагIиги ритIизе кколел рукIун. Гьелъин абуни кIудияб хIинкъи гьабулеб буго магърибалъул улкабазул ва бищунго цебе Америкаялъул жавабчилъиялда ругел гьелго гIакълучагIазе».

Рагьун гьабичIониги рес бугищ балъго Украиналъе кумек гьабизе, масала, НАТОялде лъугьине кIалъа-ралъаял байбихьизе ва "нухлулаб карта" гьезие кьезе яги цоги кинаб букIаниги къагIидаялда?

Александр Гольц: «ГьечIо. НАТОялде лъугьиналъул кIалъа-ралъаял байбихьизейин рес гьечIо, щайгурелъул, гьеб мехалда гьез НАТОялъул кьочIолал рихьизариял хвезарулел рукIун. НАТОялде лъугьине кIалъа-ралъаялцин гьаризе бегьуларо цоги улкабигун территориалиял рагIи-рекъонгутIиял ругеб улкаялъ. Украиналъул абуни гьединал проблемаби руго».

Щибизе Россиялъе Украиналъул машрикъалъул рахъалда ругел территориял? Гьезулъ кIудияб хIажалъийищ Россиялъул бугеб?

Александр Гольц: «ГьечIо хIажалъи гьитIинабцин. Гьеб Украиналъул машрикъалъул рахъалда ругел регионал кквеялъул хабар гуро. Гьеб буго президент Владимир Путинида ва къватIисел ишазул министр Сергей Лавровасда Россиялъул гIахьаллъиги гьечIого мадугьалихъ ругел улкабазул къисмат рекъезабулеб бугин ракIалде ккеялъул хабар».

Гьедин батани, Украиналда жиндирго бакIал бихьизабизейин бахъараб ахIийищха гьеб?

Александр Гольц: «Цо рахъалдасан гьез хIаракат бахъулеб буго Украиналъе лъазаби гьабизе. Гьедин гьез магърибалъул улкабазеги лъазаби гьабулеб буго. Гьеб кинабго байбихьана Майданалдасан. Кремлалда ккана Майдан букIанин магърибалъул къуватазул иш бугин ва гьенир гьел бергьанин. Гьанже Украиналъул жанубиягун-машрикъалъул рахъалда кколеб бугебги гьеб буго -кьер-кьераб контрреволюция. Гьезда кколеб буго гьедин жидеца кьер-кьераб революция гьабураб "сихIираб" магърибалъе жаваб кьолеб бугин».

Гьедин кколеб бугоха, Украиналдаса гьеб регион тIезабизе масъала Россиялда цебе гьечIин абураб.

Александр Гольц: «Дида ккола Кремлалъе бищунго лъикIаб букIине букIанин федерализация гьаби. Гьелъул магIна ккола Украиналъул машрикъалъул рахъалда ругел регионал Украиналда хутIизе ругин, гьез гьенир ругел гIадамазе пенсиялгун цоги хIажатаб кьун гьел хьихьизе ругин абураб. Гьебго заманаялда гьел рукIине рукIана Москваялъул политикияб контролалда гъоркь. Гьедин Москваялъе щвезе рукIана Украина НАТОялде ва Евроцолъиялде лъугьунгутIиялъул гарантиял».