Халкъаздагьоркьосеб диваналъ тIубазабичIо Сербиялъ Хорватиялда геноцид гьабунин абураб гIарзаялъул тIалабал

Гаагаялда бугеб Халкъаздагьоркьосеб диваналъ тIубазабичIо Югославия биххун Сербиялъ 1991-1995 соназда Хорватиялда геноцид гьабунин абураб гIарзаялъул тIалабал.

Сербиялъ хорватазул халкъ тIагIинабиялъе планал рукIараблъиялъе далилал Хорватиялъ рачинчIин, лъазабуна диваналъул бетIер Петер Томкаца.

ГIарза кьураб рахъалъ гIамал гьабулеб букIана 1991 соналда Сербиялъ Вуковар шагьаралда ва улкаялъул цогидал бакIазда 12 азарго чи чIван геноцид гьабун букIиналъул далилал рачине.

Сербиялъ Гаагаялъул диваналде кьун буго Хорватиялде гIайиб гIунтIизабулеб жавабияб гIарза, гьелъ улкаялдаса 200 азарго сербав къватIиве гъунин абураб.

1991-1995 соналда Югославиялда тIобитIараб рагъалъул хIасилалда хвана 20 азарго гIанав чи.