"Бусурбаби-вацазул" 183 чи чIвазе бегьула Мисралда

Мисралъул диваналъ тасдикъ гьабуна «Бусурбаби-вацал» абураб гьукъараб багъа-башариялъул 183 гIахьалчи чIваялъул хIукму. Каиралъул диваналъ декабралда гьабун букIана гьединаб хIукму 188 чиясда хурхъун. Гьезде гIайиб гIунтIизабулеб буго 2013 соналда гIемер гIадамал чIваялда хурхуараб.