«Исламияб пачалихъалъ» лъазабуна кIиабилев японияв чIван вукIиналъул

«Исламияб пачалихъин» жинда абулеб радикалияб къукъаялъ Япониялдаса журналист Кэндзи Гото чIвалаго бахъарабин абулеб видео интернеталда лъеялда жидерго разилъунгутIи загьир гьабулеб буго Япониялъ.

Улкаялъул премьер-министр Синдзо Абэца лъазабуна гьатIан къоялда Токио терроризмалъукьа къуркьизе гьечIин ва жидеца цIикIкIинабизе бугин «Исламияб пачалихъгун» къеркьолел ругел улкабазе гьабулеб кумекин.

Америкалъул президент Барак Обамаца гьабуна Гото чIваялъе кьварараб къимат кьолеб лъазаби. Гьес гьединго Токиоялъе кьолеб букIана ГIагараб Машрикъалда рекъел букIинабиялъе халкъазда гьоркьосел къуватаз бахъулеб хIаракаталъул рахъ кколеб букIиналъухъ баркала.

Бицен гьабулеб видео интернеталда лъун букIана 31 январалда. Гьелдасаги анкьалдаса дагьаб заманаялъ цебе чIван вукIана Япониялдаса цоги гъоркьлъалие восун вукIарав Харуна Юкава.

«Исламияб пачалихъалъ» асир гьавун вугев цоги чи Иорданиялдаса воржарухъан Моаз аль-Касабил хъизамалъ жидерго хIукуматалда гьарана гьев эркен гьавиялъе квербакъеян.

Иорданиялъул тIалъиялъ лъазабулеб буго жал хIадурал ругин гьев Сажида Ал-Ришавихъ хисизейин. Гьей Иорданиялда жаний тIамун ва чIвазе хIукму къотIун йиго Амманалда 2005 соналда гьабураб теракталъулъ гIахьаллъаралъухъ.

Цебе лъазабулеб букIана яргъидгIуцIаразе гьелъухъ Гото хисизе бокьун букIанин, амма кIалъа-ралъаязул хIасил ккун букIинчIо.