Минскалда унеб буго Украиналъул кризисалда сверун лъабго рахъалъулаб данделъи

Минскалда гьаб сагIаталда унеб буго Украиналъул машрикъалда бугеб конфликт рагIалде бахъинабиялда хурхун лъабго рахъалъулаб данделъи.

Гьезда гIахьаллъулел руго Украиналъул вукIарав президент Леонид Кучма, Украиналда Россиялъул вакил Михаил Зурабов, Европалда рекъон хIалтIиялда ва ХIинкъигьечIолъи цIуниялда сверун идараялъул вакил Хайди Тальявини ва Донецкалъул ва Луганскалъул республикаби жал ругин лъазабурал «халкъиял республикабазул» вакилзабиги.

Гьел кIалъа-ралъаял тIоритIизе кколел рукIана рузман къо 30 январалда, амма тIадехун рехсарал «халкъиял республикабазул» вакилзаби Минскалдаса нахъе ун рукIана Киевалъул вакилзаби рачIинегIанги чIечIого.

Гьел кIалъа-ралъаязул хIасиллъун букIине ккола Минскалда гьел рахъазда гьоркьоб сентябралда гьабун букIараб къотIи тIубазабун кьвагьи чIезаби ва Донбассалда гIадамаз гIумру гьабулел бакIаздаса бакIаб техника нахъе бачин.

Араб соналъул апрелалдаса нахъе халат бахъунеб бугеб гьеб конфликталда гьанжеялде хун вуго 5100 чи.