«Исламияб пачалихъалъул» асиразул къисмат лъалеб гьечIо

Япониялдаса журналистасул ва Иорданиялдаса воржарухъанасул къисмат лъалеб гьечIо «Исламияб пачалихъин» жинда абулеб экстремистияб къукъаялъ лъураб ультиматумалъул болжал 29 январалдаго лъугIун хадуб. Гьез тIалаб гьабулеб букIана терроризмалъул гIайиб гIунтIизабун туснахъ гьаюн йигей гIадан гьезухъ хисун эркен гьайизе.