Талат къоялда Лондоналда байбихьана ФСБялъул вукIарав офицер Александр Литвиненко хвеялъул ишалда сверун гIенеккиял. Гьев хвезавун вукIана радиоактивияб загьруялъ 2006 соналда Лондоналъул азарханаялда.
Гьеб процесс байбихьилалде цебе «Дейли телеграф» газетаялъ хъвалеб букIана Америкаялъул миллияб хIинкъигьечIолъи цIуниялъул Агентлъиялъ Британиялъул МИ5 агентлъиялъухъе, ракIалде кковухъе, Литвиненко чIварал чагIаз Москваялъулгун гара-чIвариял гьарулел рукIараблъи бихьизабулеб аудио кьун бугин. Газеталъ кIвар буссинабулеб буго Литвиненко чIваялъулъ Россиялъул хасал хъулухъазул гIахьаллъи букIин бихьизабулеб кIвар бугеб далиллъун гьеб аудио кколеб букIиналде.