Донецкалъул мухъалда халат рахъунел руго рагъал

Донецкалъул мухъалда халат рахъунел руго Украиналъул аскариязда ва сепаратистазда гьоркьор рагъал. Итни къоялда Украиналъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул Шураялъул вакил Владимир Полевояс Киевалда букIараб брифингалда абуна гьанже фронталъул гIурхъи унеб бугин Донецкалъул аэропорталдасанин. Аэропорт тIубанго биххун буго.

СБУ-ялъул нухмалъулев Валентин Наливайченкоца лъазабуна итни къоялда Россиялъул аскарияз Мариуполалде щуго нухалда кьвагьулеб букIанин. Гьелдаса хадуб, гьеб бакIалде Европаялда Рекъон хIалтIиялда ва ХIинкъигьечIолъи цIуниялда сверун идараялъул ай ОБСЕ-ялъул тохалчагIи ритIун рукIин лъараб мехалда гьениса жидерго аскарал Россиялде нахъе рачанин.

24 январалда Мариуполалда кьваби щвезабиялъул хIасилалда лъукъаразул къадар 105 чиясде гIунтIун буго, гьезулги 12-яв захIматаб хIалалда вуго. Гьедин лъазабуна фейсбукалда жиндирго гьумералда Украиналъул жанисел ишазул министр Арсен Аваковас. Гьеб къоялъ гьенив хун вукIана 30 чи.