ОБСЕялъул хасаб мониторингалъул идараялъул бетIер Эртугрул Апаканица квешаб къимат кьуна 24 январалда сепаратистаз Мариуполалда щвезабураб кьабиялъе ва тIалаб гьабуна щвалде щвараб цIех-рехх тIобитIи гьеб рагъулаб эпизодалъул.
Апаканица рикIкIунеб буго, къваригIун бугин кьвагьдей чIезабун, кIиябго рахъ кIалъа-басаязул столалде нахъе руссинейин.
ОБСЕялъ лъазабуна, шамат къоялда гьелъул экспертал рачIанин Мариуполалде, кьаби щвезабураб бакIалда киналго хIужжаби чIезариялъул мурадалдайин.