"Мемориалалъ" какулеб буго ДНРалъул бетIерасул буюри

«Мемориал» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб централъ лъазабуна, тунка-гIусиял унеб мехалда дандечIарал кверде росунгутIиялъуялъул жинцаго жиндего «Донецкалъул халкъияб республика» цIар кьураб гIуцIиялъул нухмалъулев Александр Захарченкоца жиндирго рагъул къватазе кьураб буюри кколин «рагъулаб такъсирин».

«Мемориалалъул» лъазабиялда абулеб буго халкъаздагьоркьосеб гуманитарияб къануналъ гьединал буюриял кьезе гьукъараб бугин, гьеб кколин Женеваялъул конвенциялъул хъачIаб тIалабин.

Россиялъул инсанасул ихтиярал цIунулез лъазабулеб буго Украиналъул машрикъалда гьарулел рагъулал такъсиразул жавабчилъи жиндир тIадегIанаб нухмалъиялъ рагьараб ва официалияб къагIидаялда сепаратистазул рахъ кколеб Росиялдаги бугин.