Прогнозалъ бихьизабулеб буго 2015 соналда дунялалъул экономика талхизе букIин

2015 соналда глобалияб экономикалъул цебетеялъул даража гIодобе ккей бихьизабуна жиндирго прогнозалда Халкъаздагьоркьосеб валютаялъул фондалъ.

Талат къоялда къватIибе кьураб докладалда абулеб буго глобалияб экономикаялъул даража 3,5 процеталъ гурони тIаде ине гьечIин. Гьеб кколин цебе бихьизабун букIаралдаса 0,3 проценталъ дагьаб даражайин.

Цебесеб соналъул октябралда гьабун букIараб прогнозалда хиса-басиял ккей хурхинабулеб буго Китаялъул, Россиялъул, еврозонаялъул ва Япониялъул экономикаби церетIей тохлъиялда.

АхIвал-хIалалде асар гьабулеб буго гьединго нартил багьа гIодобе ккеялъги. Дунялалъул аслиял улкабазда гъорлъан цого-цо Цолъарал Штатазул экономикаялъе 2015 соналъул прогнозалда бихьизабун буго позитивияб тенденция.

Цебе лъазабун букIараб 3,1 проценталъул бакIалда Америкаялъул экономикаялъул цебетIей бахине бегьула 3,6 проценталде.