Шималияб ГIиракъалда ругел курдазул рагъулаб нухмалъиялъ лъазабулеб буго «Исламияб пачалихъин» жидеда абулеб радикалияб къукъаялъ асирлъудаса 350 чи эркен гьавун вугин. Гьезул цIикIкIунисел рагIула херал, сакъатал ва унтарал чагIи, гьезда гьоркьор гьединго рагIула захIматго унтараб чанго лъимерги. Цоги аза-азар чиясда цадахъго гьел асир гьарун рукIун руго араб соналъул риидал. ЯргъидгIуцIараз гьел щвезарун руго курдазул регионалияб тахшагьар Эрбилалда аскIобегIан бугеб Хазер абулеб кьодухъе. Гьанже гьезухъа сурав босулеб буго курдазул нухмалъиялъ.