Путин ахIизе гьечIо "G7" саммиталде

Алманиялъул канцлер Ангела Меркелида ракIалда гьечIо Россиялъул президент Владимир Путин «кIудияб анкьилабалъул» саммиталде ахIизе. Гьеб букIине буго июналда Бавариялда. Гьедин гьелъ лъазабун буго Frankfurter Allgemeine Zeitung газеталъе кьураб интервьюялда.

Меркелил рагIабазда рекъон, цебе «кIудияб микьилаблъун» букIараб ва гьанже бугеб «кIудияб анкьилаб» кидаго букIана цого бербалагьиял ругел ва къануназул адаб гьабулел улкабазул цолъилъун. Гьедин лъазабулеб буго Reutersалъ.

Меркелица абун буго Крымалъе аннексия гьаби букIанин халкъазда гьоркьосел къанунал къохьол бакIалде гьарунгутIиялъул гIаламатин. Гьединго, Украиналъул машрикъалъул рахъалда кколеб бугебги гьелъулго гIаламат бугин абуна гьелъ.

Канцлералъ кIвар буссинабулеб букIана Магърибалъ Россиялде данде гьарун ругел санкциял гьел гьариялъе рукIарал гIиллаби цIунун гуреб гIанасеб заманаялда цIунизе рукIиналде. Крымалъе аннексия гьабидал Россиялде данде гьарурал санкциязул ихдал бицине бугин абуна Меркелица.