Армениялда 6 чи чIварав Россиялъул солдат жанив тIамун вуго

Армениялъул Гюмри шагьаралда гIемерав чи вакIарун вукIана цо хъизамалъул анлъго чи вукъулеб бакIалде. ЦIех-рехчагIазул пикруялда гьел чIван руго Россиялъул солдат Валерий Пермяковас. Гьев жанив тIамун вуго. Гьесда гIунтIизабулеб буго «чи чIвай» ва «армиялдаса лъути» абурал гIайибал.

Гьедин лъазабулеб буго Армениялъул информалатаз.

Пермяковасе къотIизе рес буго туснахъалъул 20 соналдаса гIумруялъго жанив тIамизе абураб хIукму.

12 январалда Армениялъул шималияб рахъалда бугеб Гюмри шагьаралда чIван вукIана цо хъизамалдаса анлъго чи, гьездаго гьоркьоб кIиго сон бараб лъимерги. Цоги гьебго хъизамалъул кIиго сон бачIеб гьитIинаб лъимер захIматаб хIалалда азарханаялда буго. Гьелда рагIула носол ругъун лъун.

Гьеб лъугьа-бахъин ккун кIиябилеб къоялъ Пермяков ккун вуго Туркиялъулгун гIорхъода ва щвезавун вуго Россиялъул рагъулаб базаялде.

АрбагI къоялда Гюмриялда Россиялъул консуллъиялда ва 102-билеб рагъулаб базаялда цебе тIобитIун букIана аза-азар чи гIахьаллъараб протесталъул акция. АкциячагIаз тIалаб гьабулеб букIана Пермяков Армениялъул рахъалъухъе кьезе.