Дагъистаналда, МахIачхъала – Буйнахъск нухлул бутIалда бугеб хIаригабурлъухъ полициялъул хIалтIухъанасул автомобиль хъитIинибе бортун буго. Жанив вукIарав полицияв гьеб бакIалдаго хун вуго.
15 январалда, къаде сагIат цо тIубараб гIадаб мехалъ, полициялъул хIалтIухъанасул машина гъоркье бортун, жанив вукIарав полицияв щварал ругъназул хIасилалда хун вугин баян гьабулеб буго Жанисел ишазул министерлъиялъ. Гьезул цереккун кьурал баяназда рекъон, машина гъоркье бортиялъе гIиллалъун ккун батизе рес буго гьелда цогидаб автомашина речIчIун букIин. Лъугьа-бахъиналъул ахIвал-хIал мухIкан гьабулеб бугин лъазабулеб буго гьез.