«Исламияб пачалихъалъ» кьурал хIинкъаби ишазде руссунел руго

Григорий Шведов: Исламияб пачалихъ» Россиялъе хIинкъаби церегоялдаса рукIана кьолел.

«Исламияб пачалихъ» абураб терроралъулаб гIуцIиялъ 13 январалъ интернеталда тIибитIизабуна Россиялъул Федералияб цIуна-къаялъул хIалтIухъабилъун рихьизарулел гIадамазухъа цин сурав босун, цинги гьел чIвалел видео. Исламияб пачалихъалъул Россиялъеги хас гьабун Шималияб Кавказалъеги хIинкъи бугин рикIкIунеб буго экспертаз.

Видео къватIибе кьун буго Исламияб пачалихъалъул официлияб сурсатлъун кколеб «Аль-ХIайат» абураб студиялъ. Видеоялда рахъарал кIигоял мукIурлъулел руго жал Россиялъул Федералияб цIуна-къаялъул хIалтIухъаби рукIиналъе. МукIурлъаразул цояв, Мамаев Джамбулат гьесул рагIабазда рекъон, кколев вуго Хъазахъистаналдаса, цогидав, Ашимов Сергей кколев вуго гIурусав.

Гьез бицунеб буго жидер гIагараб машрикъалда тIубазе букIараб ишалъул.

Гьедин, Мамаев мукIурлъулев вуго гьесул аслияб иш букIанин «Исламияб пачалихъ» абураб гIуцIиялда гъорлъ ругел гIурус мацIалъ кIалъалел чагIазда хурхун информация бакIари. Ашимовас лъазабулеб буго гьесда тIад къан букIанин ИПалъул бетIер вати ва гьев чIвай.

Сурав босун хадуб гьел кIиялго гъванщилъ жо речIун чIвалел руго. Гьел гIумруялдаса махIрумлъун руго гьитIинав васасул квердасан.

Видео тIибитIараб сагIат, гIемерисез гьеб хурхинабуна Чачан республикаялъул бетIер Къадыров Рамзаница «Интерфаксалъе» гьабураб лъазабиялда. Гьес агентлъиялъе баян гьабун букIана Исламияб пачалихъалда гъорлъ агентал хIалтIулел ругин. Гьеб хIалтул хIасилазда рес щолин Россияле хIинкъи бугел гIадамазда хадуб хал кквезе ва гьел лъугIизаризе.

Магърибалъул информалате гьабураб лъазабиялда, видео хIакъикъияб бугин яги гьечIин абизе жидеда кIоларин лъазабун буго Федерадияб цIуна-къаялъул идараялъ.

Амма гьеб уяб видео букIин мухIканлъанин Хъазахъистаналда гьеб видео къаялдаса ва жамгIияб балагьиялдаса нахъе бахъун букIиналдасайин баян гьабулеб буго журналист Макс Седдоница.

Гьеб хурхарабги бугила гьел чIваял гьаризе хIалтIизавурав вас гьитIинав Хъазахъазул мацIалъ кIалъалев вас вукIиналда. Гьев вас вугин жеги лъимер ва Исламияб пачалъихъалъ араб соналъул ахиралда лъазабун букIанин чIварал жигьадиязул лъимал улбузул бакIалда рагъулел рукIин. Ругин гьезда гъорлъ гIемер Хъазахъистаналдаса рачIаралгийин тIаде жубалеб буго Седдоница.

ГьитIинав васас видеоялъул ахиралда хъазахъиязул мацIалъ абулеб буго жинда цIар ГIабдуллагь бугин ва жиндие 10 сон бугилан. Исламиб пачалихъалда ругел лъимал гьенире кколин улбузда цадахъ, гIемерисел гьел хIалтIизарулелгин ругин чIвадаризе ругьун гьариялъейин баян гьабулеб буго Хъазахъистаналъул прокурорасул ишал тIуралев Андрей Кравченкоца.

Гьесул рагIабазда, Хъазахъистан ва Хъиргъизстан хIалтIулел руго гьедин Шамалда ругел, ва Исламияб пачалихъалде гъорлъе арал гIадамал ватIаналдаса махIрум гьариялда тIад.

Россиялъе ва Советияб хIукумат биххун лъугьарал улкабазул аслияб къадар бусурбаби ругел улкабазе бугин бищун аслияб хIинкъи Исламияб пачалихъалдаса тIадруссун рачIине рес бугел террористазул. Гьединаб пачалихъаллъун кколин Хъазахъистангийин баян гьабулеб буго журналистас.

Исламияб пачалихъиялъ гьарурал лъазарияздасан, бищун аслияб кIвар гьез кьолеб буго Шималияб Кавказалде. Гьелда хурхун Москваялъ гьал къояз гьабуна лъазаби Каспий ралъдада ва Хъазахъистангун гIорхъота рагъулаб къуват цIикIкIинабулеб бугилан.

Россиялдаги хас гьабун Кавказалдаги такъсирал гьаризе гьанже лъагIан хIинкъаби кьун толел рукIун ратани, гьел рагIабаздасан ишазде рачIиналъул хIужа кколин гьеб видео тIибитIизабийилан рикIкIунеб буго «Кавказский Узел» абураб информ-сурсаталъул бетIерав редактор Григорий Шведовас. Гьадинал баянал кьуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Григорий Шведов: «Исламияб пачалихъ» абураб гIуцIиялъул рахъалъ тIолго Россиялъеги, хас гьабун Шималияб Кавказалъеги хIинкъаби церегоялдаса рукIана кьолел.

Исламияб пачалихъалъе гьа барал гIадамаз хIалтIизабулеб тактикаялъул бицани, гьеб буго гIемерго гIасияб. «Кавказский узел» сурсаталъ гьабураб анализалда рекъон, «Имарат Кавказ» абураб терроралъул гIуцIиялъ инкар гьабуна гражданияб жамгIияталда данде терактал гьариялдаса ва руччаби жалго жидецаго кьвагьизариялдаса. Нилъеда лъала, Исламияб пачалихъалъе гьа барал Дагъистаналдаги рукIин.

Исламияб пачалихъалъул кьварараб, согIаб стратегия букIиналъул мисалъун ккола Стамбулалалда жийго жинцаго кьвагьизаюн чIужугIаданалъ гьабураб терракт.

Гьел чIварал гIадамал Къадировасул рагIаби сабалъун чIванин абизе кIоларо, амма гьесул рагIабаз кьучI лъун батизе рес буго Исламияб пачалихъалъул кьеразулъ халгьабиял тIоритIиялъе.

Видео къватIибе бачIин, дир хIисабалда, ккола Исламияб пачалихъ раIабаздасан ишазде квер балеб букIин. Гьез чIвалел руго Россиялъул хъулухъазул чагIи. Амма цойищ гьеб чIвайхъвей, яги жегигийищ гьел рукIине ругелали кватIичIого лъала».

Абизе ккола, араб соналъ Исламияб пачалихъалъ чIвана Россиялъул гражданин Сергей Горбунов, гьесухъ магъало щвечIеб мехалъ. Гьеб информация мухIкан гьабуна гьеб параялъ Федералияб цIуна-къаялъул идараялъ.

Шималияб Кавказалдаса Исламияб пачалихъалда гъорлъ ругезул къадар мухIканго лъидаго абизе кIолеб гьечIо, батIи-батIиял баяназда рекъон, гьезул къадар 2000 чиясдаса цIикIкIун буго.