Франциялда гьабун буго яргъилаб цIияб тIадекIанцIи

Парижалдаса шималиябгун-машрикъалъул рахъалда кошериял кванил нигIматал ричулеб тукада кьвагьи байбихьун буго. Цересел баяназда рекъон, цо чи лъукъун вуго.

Эркенлъи Радиоялъул мухбирасул баяназда рекъон, гъоркьлъалие восун вуго щуго чи.

Полициялъул щаклъи буго гьеб тукаде тIадекIанцIиги хамиз къоялда Монруж абулеб бакIалда полицияй чIварав ва гьелъул коллега лъукъарав чи ватиялда.

Гьелдаса цебе рузман къоялда полициялъ лъазабулеб букIана 7 январалда Парижалда сатирияб даптаралде тIадекIанцIи гьабиялда щаклъи бугел вацал Куашигун гьез бухьен гьабун бугин. Лъазабулеб буго гьел «Бют-Шомон» абулеб исламияб къукъаялде гъорлъе унел рукIанинги. Гьеб тIадеккIанцIиялъул хIасилалда чIван вукIана 12 чи.