Россиялъул муфтиязул Шураялъ ва бусурбабазул РухIияб идараялъ какулеб буго Франциялъул даптаралде гьабураб гьужум, амма гьез гьелъие кьолеб буго «даптаралъ жинцаго гьабураб провокация» абураб къимат.
Гьел идарабаз кIвар буссинабулеб буго информатаз къолеб рагIул бугеб асаралде ва ахIулел руго щивас жиндиего цензура гьабизе ва цоги культурабазул адаб гьабизе.
«Нилъер заманаялда провокациялъул хIакъ гьеб провокациялде гъоркье ккаразул ишаздаса кIудияб батизе рес буго. Рекъел цIуниялъулъеги гьелъул кIудияб хIинкъи буго»,-ян лъазабулеб буго Россиялъул бусурбабазул идараялъул лъазабиялда.