Европаялъул комиссиялъ рикIкIунеб буго Украиналъе жеги 1,8 миллиард евро налъуе кьезе кколин, гьебги гьелъул экономикаялда кверчIвазейин.
Кредит Украиналде щвелалде цебе гьеб хIукмуялъулда разилъизе ккола Европарламенталде гъорлъе унеб 28 улка.
Украиналъул премьер Арсений Яценюкица магърибалъул улкаби ахIана Донбасалда бугеб кризис рагIалде бахъинабизелъун гьарурал къотIи-къаял Россиялъ цIуниялъул тIалаб гьабулеб мехалда цоцалъ рекъон хIалтIизе. Гьес гьедин абуна хамиз къоялда Алманиялда канцлер Ангела Меркелгун кIалъа-ралъаял байбихьилалде цебе.
Гьес абуна 5 сентябралда Минскалда Украиналъул, Россиялъул ва Россиялъул рахъ ккурал сепаратистазул вакилзабаз гьабураб кьвагьи чIезабиялъул къотIи Москваялъ тIубазабулеб гьечIин.
Араб соналъул апрелалдаса нахъе гьеб регионалда унеб рагъулаб конфликталда хваразул гIаммаб къадар бахунеб буго 4700 чиясде.
Россиялъ нахъчIвалел руго Украиналъул машрикъалъул рахъалда жидер аскарал ругин ва гьенир ругел сепаратистазул рахъ жидеца кколеб бугин магърибалъ гьарулел гIайибал.