Ираналъул президентасда бихьулеб буго референдумазулъ хIажалъи

Ираналъул президент ХIасан Руханица лъазабуна, улкаялда кIвар бугел суалал рагIалде рахъинарулаго, халкъалъул пикру лъазелъун гьаркьалкьей тIобитIизе рес букIиналъул.

Экономикаялда хурхун конференциялда кIалъалаго Руханица абуна экономикаялда, социалияб рахъалда ва культураялда сверун кIвар бугел суалал парламенталда гьоркьор лъечIого референдум тIобитIун рагIалде рахъинаризе бегьулин.

1979 соналда Ираналда къабул гьабураб конституциялъги кьолеб буго кIвар бугел суалазда хурхун референдум тIобитIизе ихтияр.

Ираналъул экономика гIемерго лъикIаб хIалалда гьечIо ахирал соназ. Гьеб бараб буго Тегераналъул атомияб программаялда хурхун магърибалъ гьелде данде гьарурал санкциязда. Магърибалъ рикIкIунеб буго Ираналъ атомияб ярагъ гьабулеб бугин. Тегераналъ тIвадчIей гьабулеб буго гьезул атомияб программаялъул ракълилаб хасият букIиналда.