ГIизраилал-Палестина: дандечIеялъул цIияб карачел

ГIизраилалъул тIалъиялъ хIукму гьабун буго палестиниязе магъалобазул бутIаби нахъе кьеялъе декабрь моцIалда бакIкIарараб гIарац цIорозабизе. Гьеб бугин Палестинаялъул тIадтаразул жигаралъе жавабияб гали, ян лъазабуна ГIизраилалъ.

Шамат къоялъ Палестиналъул тIадтараз Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялде документал ритIун, гьарана Халкъаздагьоркьосеб уголовияб диваналъул Рималъулаб статуталде жал журайилан.

Цолъарал Миллатазда палестиниязул вакил Рияд Мансурица абуна, гьелдалъун ГIизраил жавабчилъиялде цIазе бегьулин палестиниязде данде рагъулал такъсирал гьаруледухъ.

ГIизраилалъул тIадтараз добго къоялъ лъазабуна, нагагьлъун Палестина Халкъаздагьоркьосеб диваналде гъорлъе жубани, жидеца жавабиял тадбирал гьаризехъин ругин. Цолъарал Штатазул тIадтаралги данде чIун руго Палестинаялъул жигаралде.