ГIумруялдаса ватIалъана «Аль КъагIидаялъул» бутIрузул цояв

Цолъарал Штатазда 2 янваляда гIумруялдаса ватIалъана «Аль КъагIидаялъул» бутIрузул цоявлъун рикIкIунев Абу Анас аль-Либи. Гьесда цойги цIар буго - Назих ГIабдул-ХIамед аль-Ругаи.

Гьев рак унтиял унтун вукIанин, лъазабуна азарханаялъул тохтурзабаз. Январь моцIалда гьесие диван гьабизе кколаан. Гьесде гIунтIизабулеб букIараб гIайиб – 1998 соналда Кениялда ва Танзаниялда ругел америкалъул дипломатикиял вакиллъабазул минабазде гьужумал гьариялда хурхен букIин. Доб мехалда 224 чи чIвана.

Цолъарал Штатазул ЦIехъ-рех гьабулеб федералияб агентлъиялъ анцIго соналда жанив гьев вала-гъалагьулев вукIана. Гьев вугеб бакI киб бугебали бицарав чиясе 5 миллион доллар кьезе буго, ян рагIи кьун букIана Цолъарал Штатазул тIадтараз.