ГIиракъалъул машрикъалъул рахъалда «Исламияб пачалихъилан» жинда абулеб ва халкъаздагьоркьосеб жамагIаталъ террористикияблъун рикIкIунеб гIуцIиялъул рагъухъабаз 170 чи викъана. Гьел чагIаз «Исламияб пачалихъалъул» байрахъал рухIана.
ГIиракъалъул хIинкъи гьечIолъи цIунулеб хъулухъалъул вакилас Associated Press агентлъиялъе лъазабуна гьел гIадамал Киркук мухъалъул Аль-Шаджара ва Гхариб росабалъ рикъун рукIанин.
Ахирисел моцIазда жаниб Сириялда ва ГIиракъалда аза-азар чи чIвана «Исламияб пачалихъалъул» рагъухъабаз.