ЛДПР-алъул депутат вухарал дагъистаниязе диван

ЛДПР-партиялъул церехъаби

Гъоркьисала риидал ЛДПРалъул депутат Худяков вухарал дагъистаниязе диван гьабизе буго гьанжегIагар Москваялъул Дорогомиловский мухъалъул диваналда.

Амма гьенире риччазе гьечIо журналисталги, гьединго диваналдехун бухьен гьечIел гIадамалги. Гьелдаса рази гьечIо гIайиб гIунтIизабулезул гIагарлъи. Масала, Артур Минбулатовасул имгIал ГIабдулагь. КигIанго кин Пачалихъияб Думаялъул депутат ватаниги, гьев Худяковги цогидалго гIадамалго гIадав чилъидалин абуна гьес ЭР-лъе.

ПалхIасил, Худяков вуханилан гIайиб гIунтIизабулеб буго Дагъистаналдаса Хачубег ХIадисовасдеги, Закарягун Шамиль ХIажиевасдеги. «Toyota Land Cruiser» автомобилалда рекIарал дагъистанияздаги Худяковасдаги гьоркьоб дагIба ккана Москваялда 20I3 соналъул риидал.

Депутатас абулеб букIана дагъистанияз жиндие нух кьечIин, цинги нуж мекъи унел ругин абидал, автомобилалъуса къватIиреги рахъун вуханила гьез жив. Цо заманалда депутат Худяковас байбихьун буго гIолохъабаз гьабулебщинаб жо телефоналдеги бахъизе.

Цинги дагъистаниял лъугьанин жиндихъа телефон бахъизеянги абуна гьес. Амма гьезухъа гьеб бажаричIила. Гьединго пачалихъияб Думаялъул депутат вугин живана ахIдолевги вукIун вуго Худяков гьезде. Гьеб мехалда «нуж, депутатал, чIвазе кколин» ахIдезе лъугьанила гьел жинде.

Гьедин гьеб бакIалда кIиябго рахъалда гьоркьоб рагъги ккун, депутат вухун азарханаялде ккун вукIана ботIрол нахуе жагъаллъиги лъугьун.

Туснахъ гьарун хадур гьел ратIа рахъизе лъан ругоан азарханаялдаса вачун вачIарав депутатасда. Диваналде вачIиндал бицунеб букIана гьес

Амма депутат Худяковас бицунелда тIад рекъолев гьечIо туснахъ гьаруразда гьоркьоса цояв – Артур Минбулатовасул имгIал, Казбек мухъалъул Гуниялдаса ГIабдулагь Минбулатов.

ГIабдулагь Минбулатов: «Худяковас гъозда килщаз цо къабихIаб гIаламат бихьизабун буго, гьазул автомобилалдаса цевеги кIанцIун унаго. Гьеб мехалда гьаз хадурги ун кьабун буго гъосда. Амма Артур Минбулатовас кьабун гьечIо гъосда.

Гьедин Худяковас жинцаго абунги буго. Гьанже гьеб иш халатбахъинабулеб буго. Дагъистаниял гIайибияллъун гьаризе къваригIун, гьеб гьабизе бажаруларого руго дол. Цо къокъаялъ гьабураб такъсирлъун рикIкIунеб буго гьез гьеб.

Миллияб суалги буго гьениб. Жириновскиясулги ЛДПРалъулги нилъедехун, кавказияздехун бугеб рокьукълъиги бихьулеб буго гьениб. Гьеб бахчун бажаруларо. Гьезул партия Дагъистаналда къунилан, нилъер гIолохъабазул гIайиб гьечIелъул».

Россиялде арал дагъистаниязул гIемер ккола гьединал хIужаби. Гьелъие гIилла гьадин бичIчIулеб буго Минбулатовасда.

ГIабдулагь Минбулатов: «Дида гьеб бичIчIула, Россиялда ругел кIуди-кIудиял хъулухъчагIазул нилъер гIолохъабаздехун бугеб квешаб бербалагьилъун. КIиабизе, Москваялдаги цогидал бакIаздаги нилъер гIолохъабаз гьабулеб гIадлу бокьунгутIи».

Депутат вухаралин рикIкIунел дагъистаниял ккуна Волгоградалда аскIор.

ЛДПРалъул депутатасдаги дагъистанияздаги гьоркьоб ккараб рагъ-кьалги гуребги, жалго кавказияздехун гьеб партиялъул нухмалъулев Жириновскиясул бугеб бербалагьиялъги бугин гьеб бакIалда гIемераб жо гьабулебин рикIкIунеб буго туснахъ гьаруразул гIагарлъиялъ.