Навальныясул адвокатас гIарз гьабизе буго

Россиялъул оппозиционер Алексей Навальныясул ихтиярал цIунулез гIарз гьабуна диваналъ гьесие къотIараб хIукмуялда.

Гьев рукъосел шартIазда жаниве тIамун вуго ва гьеб данде кколареб хIукму бугин, абулеб буго адвокат Вадим Кобзевас, щай гурелъул шартIазул болжал гьесие кьун, рукъов гьев хIалица тей – гIажаибаб къотIи бугин.

Кобзевас гьединго абуна жинца гьадинаб гIарз Москва шагьаралъул диваналде битIизехъин бугин цIияб соналъул байрамалда хадуб, ва гьелдалъун Замоскворецкий диваналъул къотIи цо чанго моцIалда жаниб чIезабизе бегьулин.