Каспийскалда бугеб «Дагдизель» заводалъ Улка цIуниялъул министерлъиялъе кьезе рагIула 120 миллион гъурущ коммерческияб кредит хIисабалда, авансалдаса пайда босиялъухъ цо, гьединго 220 миллион гъурущ неустойка хIисабалдаги.
Гьедин лъазабулеб буго Диваналъул приставазул рахъалъ, Россиялъул федералияб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб идараялъ. Гьезухъе кагъат бачIун буго Москваялъул арбитражалъулаб диваналъ «Дагдизелалъ» кьезе бугеб налъи тIад хъвараб.
Гьединго туснахъ гьабун буго «Газпром» абураб банкалда Дагдизелалъул букIараб гIарацги, гьениб букIараб 830 азарго гъурущ Улка цIуниялъул министерлъиялъул счеталде буссинабун буго. Туснахъ гьабун буго транспорт, техника, хIасил-калам заводалъул балансалда букIараб кинабниги къайи-цIа ва буголъи.
Гьеб буголъиялъул гIаммаб къадар гIарцуде буссинабуни гьеб ккола 80 миллион гъурущ. Улка цIуниялъул министерлъиялъе «Дагдизелалъ» кьезе кколеб налъуда дандеккуни гьеб ккола гьелъул лъабил бутIа гIадаб жо.
Щиб сабаблъун гьединаб налъи заводалде тIаде ккарабали лъазелъун бухьен гьабуниги «Эркенлъи» радиоялъе «Дагдизелалъул» нухмалъиялъул рахъалдаса комментариял щвечIо.
Нижехъе щварал цогидал баяназда рекъон араб соналда Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазанги гьоркьов чIван, Улка цIуниялъул министерлъиялъ контракт хъван буго «Дагдизель» заводгун. Контракталъул багьа букIун буго 5 миллиардги хадубги гIарац.
Цебекун гьеб гIарцуда гьоркьосан кьун букIун буго авансги. Абулеб буго гьеб контракталда рекъон Улка цIуниялъул министерлъиялъ заказ кьун рукIарал рагъул алатал хIадур гьарун гьечIин «Дагдизелалъилан».
Гьединабго ахIвал-хIал заводалда сверун букIана чанго соналъ цебеги. Каспийскалда бугеб заводалъги, Улка цIуниялъул министерлъиялъги пачалихъалъулаб контракт хъван букIун буго 2011 соналдаги.
Гьеб къотIи-къаялда рекъон «Дагдизелалъ» Улка цIуниялъул министерлъиялъе хIадур гьаризе кколаан УСЭТ-80 тайпаялъул торпедаби. Цо гьединаб торпедаялъул багьа рагIула 43 миллион гъурущ. Контракталъул гIаммаб багьа букIун буго 5,18 миллиард гъурущ. Аванс хIисабалда кьун букIун буо гьелъул бащадаб къадар, 2,7 миллиард гъурущ гIарац.
Амма контракталда бихьизабураб заманалде бицен гьабулел торпедаби хIадур гьарун гьечIо «Дагдизель» заводалъ. Гьелъул хIасилалда Улка цIуниялъул министерлъиялъ арбитражалъулаб диваналде гIарзаги хъван гьеб гIарац нахъ буссинабизе тIамун буго заводалъул нухмалъи.
Суал бачIунеб буго, гьанже кинабго буголъи приставазул хъулухъалъ туснахъ гьабун хадуб кинаб букIине бугеб жибго заводалъул къисмат абураб? Дагдизелалда сверун бугеб ахIи-хIуралъул хIакъалъулъ «Фейсбук» сайталда лъураб макъалаялда гъоркь кьураб комментариялда цояс хъалеб бугоан завод банкроталде инчIонийин гьанжейилан.
Амма Гъуниб мухъалдаса Юсупов МухIамадица гIахьал гьабулеб гьечIо гьеб пикру. Советияб заманалда гьеб заводалда хIалтIулев вукIарав гьес «Эркенлъи» радиоялъе загьир гьабураб пикруялда гьес абуна дагьабго заманалъ чIун хутIанигицин тIубанго завод къаялде иш ккун гьечIин ва ккезеги гьечIин. Щайгурелъул гьеб тайпаялъул завод цоги гьечIин жакъа Дагъистаналда гуребги тIолабго Россиялда тIадги.
МухIамад Юсупов: «Завод бахъинабичIого толаро. Гьеб буго ракIчIараб жо. Гьез кьезе кколеб гIарацги кьечIого теларо. Гьединаб гуреб, гьеб анцIгогIан гIемераб гIарац ана Дагъистаналдаса къватIибе хIабургъарал ункъоялда анцIабилел соназ. Гьеб гIарцуда бан завод гьез (Россиялъулги, Дагъистаналъулги нухмалъиялъ) рехун толаро.
Гьединаб завод тIокIаб кибниги гьечIо. Улка цIуниялъул министрги вуго бажари бугев чи, гьесги цогидазги кIвар кьечIого гьеб иш толаро, завод бахъинабизе буго тIаде»
Каспийскалъул «Дагдизель» завод рагьун букIана араб гIасруялъул 1932 соналда. Гьеб букIана балъгояб завод. Аслияб куцалда гьелъ хIадур гьабулан рагъулаб техникаялъе хIажалъулеб сурсаталдаса бахъараб цогидабги, пачалихъалъулаб кIвар бугеб къайи-цIа.
Советияб заманалда гьединаб завод букIун буго гIицIго лъабго бакIалда: Ленинград шагьаралдаги, Хъазахъазул республикаялдаги ва лъабабилеб гьебги. Завод бищунго цебетIураб заманалда гьенив хIалтIулев вукIун вуго 40 000 чи.