Бакуялда бугеб нижер радиоялъул бюроялъул адвокатаз Азербажаналъул хIукумталде гIунтIизабуна журналистал мисал гьечIеб къагIидаялда хIинкъизариялъул гIайиб.
Шамат къоялъ RFE/RL корпорациялъул бутIруз лъазабуна Азирбайжаналъул тIадтараз зулмуялда релъараб иш гьабулеб бугин радиожурналистазеги гъозул хъизам-кулпаталъеги.
Жалго журналистаз тIалаб гьабулеб буго суравалде жидерго адвокатал риччай.