Гьиндонезиялъул боржаро ралъдалъ гъанкъун батила

Гьиндонезиялъул хвасар гьабиялъул агентлъиялъул бетIер Бамбанг Соелистоца итни къоялъ лъазабуна, шамат къоялъ камураб AirAsia авиакампаниялъул боржаро ралъдалъ гъанкъун батилин.

Гьадинаб пикру гьабизе бегьулин цIех-рехалъул хIасилалда балагьун.

Итни къоялъул радал камураб тирело бала-гъалагьулеб иш гьабулеб букIана Гьиндонезиялъул, Австралиялъул ва Малайзиялъул гумубаз ва тирелобаз.

Гьиндонезиялдаса Сингапуралде боржун унеб букIараб гьеб аэробусалде рекIун вукIана 162 чи.