Гъизляралъул бетIерасде гIайиб гIунтIизабулеб буго

Dagestan Map Kizliar Кизлярский район

Республикаялъул прокуратураялъул диваналде хал гьабизе битIун буго Гъизляр шагьаралъул бетIерасда хурхараб иш.

ЦIех-рех гьабун бахъинегIан Гъизляралъул бетIер Валерий Аржанухин хъулухъалдаса махIрум гьавун вуго. Гьесул бакIалда шагьаралъул нухмалъулесул ишал тIуразарулел руго гьенивго хIалтIулев вукIарав Чупалав Шамхаловас.

Амма Гъизляралда харбал руго, кин батаниги, ЦIияб соналдаса хадув Аржанухин жиндирго хъулухъалде вачIине вугин абурал. Официалияб куцалда заманаялъ нахъе гьавун вукIаниги, шагьаралда тIоритIулел аслиял байрамазда гIахьаллъи гьабула гьес, шагьаралъул кIудияв хIисабалда.

Гъизляр шагьаралъул бетIер Валерий Аржанухиница 2008-2009 соназда бюджеталъул гIарац пасат гьабунин рикIкIунеб буго цIех-рехалъ. Аслияб куцалда гьеб гьабун бугила рукIа-рахъиналъул магIишатги багьанадуй ккун.

ПалхIасил, цIех-рехалъул баяназда рекъон, Аржанухин гIайибиявлъун рикIкIиналъе гIиллаби гьадинал руго.

2009 соналда Гъизляралда гIадамал гочинарулел рукIун руго риххун рачIинехъин ругел, басриял минабахъа. Гьедин, цIех-рехалъул баяназда рекъон, букIине кколелдасаги цIикIкIун кьолел ругин гIадамазе рукъзалилан бихьизабун буго Аржанухиница документазда. Гьелъие гIоло харж гьабун буго пачалихъалъул кIигоялде гIагарун млн-са цIикIкIун гIарац.

Гьелда цебесеб соналъ Гъизляралъул рукIа-рахъиналъул магIишаталъул бакIалда цойги предприятияги гIуцIанин Валерий Аржанухиницайин абураб дагIбаги буго цIех-рехалъул. Магъалабазул налъи букIанила гьелда тIад. Гьебги лъалаго шагьаралъул бетIерас гьелъул ургъунго банкрот гьабунила гьелъул.

Гьеб мехалда пачалихъалъе 38,7 млн. гъурщил зарал кканила бюджеталде магъалоги бачIинчIого. Щайгурелъул доб цIи гIуцIараб предприятиялъул вакилзаби чIанила жидеца жаваб кьезе кколарин гъоркь букIараб гIуцIиялъул налъабазулилан.

Аржанухиниде гIунтIизабулеб хадусеб гIайиб гьадинаб буго. Къануналда данде кколареб куцалда документалги гьарун, шагьаралъул бетIерас чIезабунила Гъизляралда гъорлъе унеб Комсомольское абулеб бакIалдаса ункъо мина жанир гIумру гьабун бажарулареб хIалалда бугилан.

Гьебги хIалае ккун гьениса гIадамал цогидал бакIазде рахъинариялдалъун Валерий Аржанухиница пачалихъалъе 13 млн гъурщил зарал гьабунила.

Цойги гIайиб. Къануналда данде кколаредухъ ижараялъе кьун ругила шагьаралъул бетIерас лъим бачунел, рукъзабахъ хинлъи чIезабулел ва цоги гьезда релълъарал гIуцIаби. Гьедин гIемертIалаял минаби къачIалеб мехалда Гъизляралъул администрациялъе щун бугила щвезе кколеб букIинчIеб 33,6 млн гъурущ.

Гьел руго низам цIунулезул баянал. Амма иш батIайисан букIанин бицана ЭР-ялъе Гъизляралдаса журналисталъ. ЭР-сан жиндир цIар бицине разилъичIо гьей. Цин жийги лъугьун йикIанила гьезул цIех-рех гьабизе. Амма Валерий Аржанухинида хурхун гьениб цо лъилали хасаб мурад букIинчIин бичIчIидал, жинца чIезе танила гьеб.

Гъизляралдаса журналист: «Гьел ишал церего тIаде нуцIаги къан тун рукIана. Гьанже цIидасан цере рахъарал къагIидаха. ГIиси-бикъинаб жо гIочIода чIвалеб буго. Масала, гIадамал гочинарурал цIиял минабахъ лъун ратичIо унитазалги ваннабиги. Гьеб мехалда цIидасан бачIинабун букIана бюджеталдаса гIарац.

Документаздаги гьеб хIужа дагьаб гIайиб щолеб куцалда, пиша гьечIого хъван бугоан. Гьединалго жал ругоан дол цогидал ишазда хурхунги. Гьедин цо заманалда киналго идарабиги тIаделъун цIех-рех гьабун, хадуб баянлъизабун, живго тун вукIана шагьаралъул бетIер. Гьале гьанже цIидасан цо пуланав чиясе къваригIун рагIула Аржанухинида тIад гIайиб чIезабизе. Гьелъие гIоло ахIи-хIурги бахъинабулеб буго ришватчилъи тIатинабунилан».

ЭР-лъе Гъизляралъул администрациялдасан чIванкъотIараб жаваб щвечIо. Амма цебеккун живго Аржанухиница прессаялдасан загьир гьабураб пикру букIана жив гIайибияв гьечIин, вукIаравани Дагъистаналъул экономикаялъул министерлъиялъулги рукIа-рахъиналъул магIишаталъул фондалъулги комиссиялъ гьабураб цIех-рехалъ бихьизабилаанин жиндир гъалатI.

Валерий Аржанухинида гъоркь бакI жагъаллъизе байбихьанин Гъизляралдаса Паламарчук нахъе индалин рикIкIунеб буго цо-цояз. Гьев гьабсагIаталда Шималияб мухъалда Дагъистаналъул нухмалъулесул вакиллъун вуго. Дагъистаналда ругел гIурус миллаталъул чагIазда гьоркьоб аслияв чилъун рикIкIуна гьев.

Амма рикIкIаниги, Паламарчукгун цадахъ Гъизляралда хIакимзабаз пасат гьабулеб бугеб гIарцул хIакъалъулъ хъван букIана гъизляралъулаз 2010 соналда Дагъистаналъул президентасухъе.