"Эркенлъи" радиоялъул Бакуялда бугеб бюроялъул хIалтIухъаби хIинкъизарулел руго

«Эркенлъи» радиоялъул Бакуялъул бюроялъул адвокатаз Азербайджаналъул хIукуматалде гIайиб гIунтIизабуна радиостанциялъул хIалтIухъаби хIинкъизариялъул къагIидаби хIалтIизариялда бан.

Гьезул рагIабазда, прокуратураялъ жидехъего гара-чIвариялде радиостанциялъул хIалтIухъаби ахIулел рагIула гьезул рукъзабахъе полициялъулал ритIун.

Журналистаз тIалаб гьабулеб буго жидер гьикъа-бакъи гьабулеб мехалда гьенир адвокатал чIезари.

Гьезда лъазабун буго жал жидеего бокьун прокуратураялде рачIинчIони, гьел гьенире хIал гьабун щвезаризе ругин.

Рузман къоялда Генералияб прокуратураялъул хIалтIухъабаз чIухь бана «Эркенлъи» радиоялъул Азербайджаналъул сервисалъул Бакуялда бугеб бюрояъул офисалда. Хадуб гьеб къана.

Гьелъухъа рахъун руго мугьраби, документация, компьютерал ва цогидаб. Цолъарал Штатаз ва халкъазда гьоркьосеб гIуцIабаз квешаб къимат кьуна Азербайджаналъул нухмалъиялъул хьвада-чIвадиялъе.