Азербайджаналъул цIех-рехалъул идараялъ тIадецуй гьабулеб буго "Эркенлъи" радиоялъул журналистазде

«Эркенлъи» радиоялъул Азербайджаналъул сервисалъул Бакуялда бугеб «Радио Азадлыг» радиостанциялъул хIалтIухъабаз лъазабулеб буго, прокуратураялъ жидеде кIудияб тIадецуй гьабулеб бугин.

Гьезул профессионалияб хIаракатчилъиялда хурхун гьезул щивасухъа сурав босулеб буго.

Журналистазул цояз тIалаб гьабулеб буго суалал кьолеб мехалда адвокат чIезави. Амма гьединаб тIалаб гIадахъцин босулеб гьечIин абулеб буго гьезул цояз.

Рузман къоялда Генералияб прокуратураялъул хIалтIухъабаз чIухь бана радиоялъул офисалда ва хадуб жидерго мугьруги лъун гьеб къана. «ГIорхъаби лъаларел репортерал» абураб халкъаздагьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ квешаб къимат къуна Азербайджаналъул нухмалъиялъул хьвада-чIвадиялъе.

Гьеб гIуцIиялъул Машрикъалъул Европаялда ва Централияб Азиялда вакил Йоханн Бирица лъазабуна Азербайджаналъул хIукуматалъ лъиданиги рачIел информалатал кьалел ругин цо-цоккунин.

Гьелда цебе Цолъарал Штатаз, Евроцолъиялъ , ОБСЕялъ ва цогидал халкъаздагьоркьосел гIуцIияз квешаб къимат загьир гьабуна Азербайджаналъул нухмалъиялъ тIамулел демократиял гурел галабазе.