Сириялда исламистаз асир гьавун вуго Иорданиялъул пилот

Сириялда экстремистазухъе ккун вуго Иорданиялъул пилот. Джигьадистаз тIоцебесеб нухалда кверде восун вуго Цолъарал Штатазул нухмалъиялда гъоркь гьезде рагъулаб дандечIей гьабулеб коалициялъул гIахьалчи.

Иорданиялъул рагъул къуватаз тасдикъ гьабуна гьезул рагъулав пилот арбагI къоялда асирлъиялде ккей, тIубанго гIадин «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул контролалда гъоркь бугеб Ракка провинциялъул шималиябгун машрикъалъул рахъалда гьесул аэроплан бортун хадуб.

Экстремистаз интернеталда лъун буго пилот кквеялъул видео, бихьизабун буго пилотасулин рикIкIунеб жетон.