«Цо нухалда нижехъе кьуна кьурдухъабазул гIадинаб ретIел ва абуна чвердезеги чордон гьеб ретIейин. Чвердезе араб бакIалда цин жиндирго бидулрухьиялги къотIун кваридеги яхун жинго гъанкъана Цзиланица. Гьей йикIана цIакъ берцинай яс. Дида ккола гьелда лъалеб букIанин гьениса жий лъица букIаниги лагълъуде ячун ине йикIин ва гьединлъидал гьелъ жийго жинцаго чIванин»,-гьедин бицун буго жийго жинцаго чIварай 19 сон барай Цзилань абулей ясалда цадахъ ИГИЛалъул асирлъуде ккарал 20 ясалъул цоялъ. Хадуб гьелда бажарун буго асирлъудаса нахъе лъутизе ва Amnesty Internationalгун бухьен гьабизе. Гьей 20-гIан ясалъе букIун гьечIо 10-12 соналдаса цIикIкIун.
Гьединаб баян кьолеб буго Amnesty International абулеб халкъаздагьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялъул докладалда. Гьениб бицен гьабулеб буго "Исламияб пачалихъин" жиндаго абулеб радикалияб къукъаялъ ГIиракъалъул шималияб рахъалда ругел езидал абулеб этносалъул руччабигун ясазе ИГИЛалъулаз гьабулеб бугеб пасалъиялъул.
Езидал руго курдазул этноконфессионалияб къукъа. Гьез бицуна курманджиялъул абулеб мацI. Аслияб къагIидаялда гьез гIумру гьабулеб буго ГIиракъалъул шималияб рахъалда ва Европаялъул батIи-батIиял улкабазда. Курдазул жидерго хIукумат гьечIолъиялда бан гьезул мухIканаб къадар кигIанаб бугебали лъалеб гьечIо. БатIи-батIиял баяназда рекъон, дунялалда гьезул къадар цо миллионалдаса кIиго миллионалде щвезегIан буго.
ГIиракъалъе нухмалъи Саддам ХIусеница гьабулеб мехалда хIалбихьун букIун буго езидал гIарабал хIисабалда хъвазе. Саддам рехун хадуб, ГIиракъалъул шималияб рахъалда ругел курдаз хIалбихьулеб букIун буго езидазе ассимиляция гьабизе ай жидедего гIорлъе журазе. Цо-цо баяназда рекъон, тарихалда жаниб езидазе кидаго тIадецуй гьабулеб букIун буго гьел «капураллъун» рикIкIунел бусурбабазул жамгIиятаз.
Гьанжеги «Исламияб пачалихъалъ» зулму гьабулеб буго гьезие. Гьеб баянлъулеб буго бицен гьабулеб радикалияб къукъаялъул асирлъудаса лъутизе кIварал 40-гIан чIужугIадангун ва ясгун гара-чIвари гьабураб Amnesty Internationalалъул докладалдасанги.
Гьел руччаби рикъун рукIун руго жидедаго ИГИЛалдаса абулел яргъидгIуцIарал гIадамаз. Гьезие кьолеб букIун буго гIакъуба ва гьабулеб букIун буго жинсияб хIал.
Инсанасул ихтиярал цIунулезул баяназда рекъон, ИГИЛалъул сексуалияб лагълъиялде ккун йиго нус-нус ва аза-азар чIужугIадан. Гьел рикъулел руго, ричулел руго, хIал гьабун росазе абун кьолел руго ва бокьарав чиясе сайгъат гьарулел руго. ГIемерисеб нухалда гьезда зулмуялда ислам динги босизабулеб буго.
Сексуалияб лагъуде ккаразул гIемерисел руго гIисинал лъимал-14, 15 сон барал ва гьездасаги гьитIинал ясал.
«Нус-нус чIужугIаданалъ ва ясаз жинсияб зулмуялда ва сексуалияб лагълъуда рукIинаредухъ жалго жидецаго чIвалел руго»,-ян абулеб буго Донателла Роверица. Гьей ккола Amnesty Internationalалда хIалтIулей Кризисазул ахIвал-хIалазда сверун тIадегIанай гIакълучIужу. Гьелъ жинцаго гьарун руго ИГИЛалъул лагълъудаса лъутарай 40 чIужугIадангун гара-чIвариял.
«Сексуалияб лагъуде ккаразул гIемерисел руго гIисинал лъимал-14, 15 сон барал ва гьездасаги гьитIинал ясал. Исламияб пачалихъалъул чагIаз гьезие гьабулеб зулму гьеб рагъулаб такъсир гуребги гьеб буго инсанияталде данде гьабулеб такъсир»,-гьедин абулеб буго Роверица.
ГIиракъалъул шималиябгун-магърибалъул рахъалда гьезие зулму гьабулезе къваригIун буго гьеб миллатго гьениса тIагIинабизе.
27 сон барай Вафаги йикIун йиго асирлъуда. Гьелъ бицун буго Amnesty Internationalалъе гьелъ ва гьелъул яцалъ жалго чIвазе гьабулеб букIараб къасдалъул. Кваридаса гьел рахъун руго къаси макьидаса рорчIарал гьелгун цадахъ цо рокъор кьижун рукIарал ясаз.
Вафал рагIабазда рекъон, гьелдаса хадуб чанго къоялъ гьелда кIалъазе кIолеб букIун гьечIо щокърое жагъаллъи ккун.
Асиролъуда йикIарай чанго ясалъ бицун буго жал жидер «цIиял росаз» жидерго лъудбиги лъималги ругел рукъзабахъ тун рукIанин.
Гьел ясазул, аслияб куцалда, хъизаналги яги чIван яги ИГИЛалъ асирлъуда ккун руго. Гьезул цIикIкIунисезул хьулги гьечIо жидерго хъизан яги гIага-божарал гьезда рихьизе рукIиналда.
Синджара абулеб магIардаса рикIкIад гьечIеб росулъа 16 сон барай Ранда йикъун йиго гьелъул кIудияб хъизаналда йихьулаго. Ранда «йичун» яги «сайгъат» гьаюн йиго гьелдаса кIиго нухалда кIудияв чиясе. Гьесин абуни гьелъие гьабулеб букIун буго жинсияб зулму.
«Дир ракI унтулеб буго гьес диеги дир хъизамалъеги гьабураб жо бихьун. Гьес хвезабуна нижер гIумру... Щиб гьез гьабураб дир хъизамалъе? Дида лъаларо тIокIал киданиги дида гьел рихьизецин ругелищали».
ИГИЛалъул къорикьа рорчIаниги гьел цIакъ хIинкъунги руго гьезул ва гьезул хъизамалъул къимат-къарду хвезе бегьиялда бан
Гьеб къорикьа рорчIаразул рекIелъ лъураб кIудияб ругъунлъун хутIулеб буго гьезие ккараб, амма гьелдаго цадахъ гьел цIакъ хIинкъунги руго гьезул ва гьезул хъизамалъул къимат-къарду хвезе бегьиялда банги. Жидер букIинисебги гьезда бихьулебго гьечIо.
Amnesty Internationalалъ рикIкIунеб буго Курдистаналъул хIукуматалъги, Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъги, цоги гуманитариял идарабазги гьел руччабазе кумек гьабизе кколин гIумруялде гьел тIадруссине ва медициналъул рахъалъги гьезда кверчIвазе кколин.
Интернеталда тIибитIун букIана ИГИЛалъ жидерго къукъаялда ругел чагIазе гьел рикъарал руччабазда хурхун гьабизе бегьулеб яги бегьулареб хьвада чIвадиялъул хIакъалъулъ рихьизариялин абулеб сияхI. Гьениб бицен гьабулеб букIана йикъун яги цогияз кьун щварай чIужугIаданалда магьари лъей лъунгутIиялда, гьелъул гъараваш гьайиялда ва цоги гьезда релъарал жалазул. Амма гьениб букIинчIо гьей яс йикIа чIужугIадан йикIа инсул яги росасул рокъоса йикъизего щай бегьулей ва гьелдаги гьикъичIого гьей росасе кьезе яги гьелъул къисматалда хурхун кинал рукIаниги хIукмуял къотIизе гьезул кинаб ихтияр бугебали бицун.
ЧIужугIадан бусурманай гьечIин абун гьей инжит гьайизе бегьулин абураб бакI исламалда бугищин гьикъана нижеца Дагъистаналъул Бусурбабазул РухIияб идараялдаса ГIабдурахIманов МухIамадида.
Your browser doesn’t support HTML5
Руччабазе зулму гьаби, ккурал гIадамазул бутIрул къотIи гIадинал исламалде данде кколарел жал «Исламияб пачалихъалъ» гьарулел рукIаниги камулел гьечIо гьезул рахъ кколелги. Гьезул кьералъ дунялалдасаго вугев аза-азар чи малъичIого Шималияб Кавказалда пачалихъалде дандечIей гьабулел цо-цо къукъабазцин гьелъие ритIухълъиялъул гьа балеб буго.