Неофашистал рукIиналъул щаклъи бугел гIадамазул арест гьабун буго Италиялда

Италиялъул полициялъ лъазабулеб буго пачалихъиял хъулухъчагIазде, диванчагIазде ва полициялъул хIалтIухъабазде тIадекIанцIиял хIадур гьариялъул ва неофашистал рукIиналъул щаклъи бугев 14 чи аресталде гъоркье восиялъул хIакъалъулъ.

Лъазабулеб буго Ordine Nuovo, ай «ЦIияб низам» кколин 1970 соналъго баккараб балъгояб террористияб гIуцIиян.

Щаклъи рагIула гIуцIиялъул цеве полициялъулавлъун вукIарав Стефано Манница нухмалъи гьабулеб букIиналъул.

Арестал ва чIухь баял тIоритIун руго Лацио, Абруццо, Ломбардия, Пьемонт ва Кампания абурал мухъазда.