Узбекистаналда гьатIан къоялда тIоритIулел рукIарал парламентиял рищиязда бащалдасаги цIикIкIун рищварухъабаз гьаркьал кьун рукIана къо къалъилалде, гьединлъидал, рищиял тIоритIараллъун рикIкIине хIажалъулеб 33 процент ригьалдаго нахъа тун букIана.
Парламенталда бугеб 135 бакIалъе гIоло къеркьолев вукIана 500-ялдаса цIикIкIун кандидат. Гьелги рукIана Либералиябгун-демократияб, Халкъиябгун-демократияб, «Миллияб цIигьабун гуцIиялъул» ва «РитIухълъи» партиялъул вакилзаби. Рищиязда хадуб халккун букIана къватIисел улкабаздаса ва халкъазлагьоркьосел идарабаздаса 300-ялдаса цIикIкIун чияс. 2009 соналда Узбекистаналда рукIарал парламентиял рищиязда бищунго гIемер бакIал щун рукIана Либералиябгун-демократияб партиялъе.