Нигериялда, ракIалде кковухъе, «Боко-ХIарам» абулеб радикалияб къукъаялъул чагIаз чIван вуго 35 чи ва асирлъуде хъамун руго руччабигун гIисинал лъималазул 100 чи.
Гьеб тIадекIанцIиялъул жавабчилъи жеги лъицаго тIаде босун гьечIо, амма полициялъ рикIкIунеб буго гьеб Боко-Хiарамалъул иш бугин. Исана апрель моцIалда гьеб къукъаялъ Чибок шагьаралъул школалдаса 200 яс ячун ун йикIана. Щуго соналда жаниб гьеб къукъаялъ чIван вуго аза-азар чи ва гъоркьлъалие восун вуго нус-нус чи.