Брюсселалда рагьана Евроцолъиялъул саммит

Брюсселалда хамиз къоялда байбихьана Евроцолъиялъул 28 улкаялъул кIиго къоялъулаб саммит. Гьенир дандразе руго Европаялда лъугьун бугеб экономикияб ахIвал-хIалалда хурхарал суалалги Украиналда бугеб ситуацияги. Гьединго кIвар кьезе буго, Россиялда экономикияб ситуация дагьабги квешлъани, Европаялъе гьелдасан ккезе бугеб асаралда сверун суалазеги.

Цебе лъазабулеб букIана гьеб саммиталда Евроцолъиялъ бицен гьабизе бугин Крымалде инвестициязда сверун санкциял гIатIид гьариялъулин. Гьелде гъорлъе уна нартгун газ бахъизе хIалтIизарулел технологиял гьенире ричизе тунгутIи ва Европалъул турфирмабазе Крымгун халтIизе гьукъи.

Гьедин лъазабулеб букIана Reutersалъ жиндихъе щвараб документалда мугъчIвайги гьабулаго.

Гьелдаго бицен гьабулеб букIун буго Евроцолъиялъул вакилзабазе Крымалда ругел компаниял росизе ва гьезие финансазул кумек гьабизе гьукъиялъулги.

Евроцолъиялъ Крым рикIкIунеб буго Россиялъ аннексия гьабураб Украиналъул территориялъун.